Бенито Муссолини | ||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||
---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|
итал. Benito Mussolini | ||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||
| ||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||
31, октобер 1922 — 25 юл 1943 | ||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||
Монарх | Виктор Эммануил III | |||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||
Цевесев | Луиджи Факта | |||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||
Хадусев | Пйетро Бадолйо | |||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||
24 декембер 1925 — 25 април 1945 | ||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||
Цевесев | титул гӀуцӀана | |||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||
Хадусев | титул хвезабуна | |||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||
30 октобер 1922 — 12 септембер 1929 | ||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||
Цевесев | Карло Шанцер | |||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||
Хадусев | Дино Гранди | |||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||
20 юл 1932 — 9 юн 1936 | ||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||
Цевесев | Дино Гранди | |||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||
Хадусев | Галеаццо Чиано | |||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||
5 фебруар — 25 юл 1943 | ||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||
Цевесев | Галеаццо Чиано | |||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||
Хадусев | Раффаэле Гуарилья | |||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||
23 септембер 1943 — 25 април 1945 | ||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||
Цевесев | хъулухъ гӀуцӀана | |||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||
Хадусев | хъулухъ хвезабуна | |||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||
23 септембер 1943 — 25 април 1945 | ||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||
Цевесев | хъулухъ гӀуцӀана | |||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||
Хадусев | хъулухъ хвезабуна | |||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||
|
||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||
Гьави |
29.07.1883 Предаппио, Эмилия-Романья, Италиялъул къиралат |
|||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||
Хвей |
28.04.1945 Джулино-ди-Медзегра, Медзегра, Ломбардия, Италиялъул къиралат |
|||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||
Эмен | Алессандро Муссолини | |||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||
Эбел | Роза Мальтони | |||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||
Лъади |
Ида Дальзер (1914 соналдаса), Ракеле Муссолини, гьайидал Гвиди (1915 соналдаса) |
|||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||
Лъимал |
Ида Дальзерие гьарурал вас: Бенито Альбино Муссолини Ракелие гьарурал васал: Витторио, Бруно ва Романо ясал: Эдда ва Анна-Мария |
|||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||
Партия |
Итал социалистияб партия Республиканияб фашистияб партия (1943–1945) |
|||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||
Лъайщвей | Лозаналъул университет (1904) | |||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||
Автограф | ||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||
Шапакъатал |
|
|||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||
Рагъулаб хъулухъ | ||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||
Хъулухъалъул санал | 1915–1917 | |||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||
МутӀигӀлъи | Халип:Флаг / Италиялъул къиралаталъе | |||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||
Аскаразул тайпа | Италиялъул рагъулалги гьавадулал къуватал, Италиялъул къиралиял рагъулалгин гьавадулал къуватал ва ЧӀегӀергурдилал | |||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||
Рагъулаб цӀар | Империялъул тӀоцевесев маршал | |||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||
БутӀа | Берсалйеразул 11-б низам | |||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||
Рагъал |
Бени́то Ами́лькаре Андре́а Муссоли́ни (итал. Benito Amilcare Andrea Mussolini, итал: ; 29 юл 1883, Предаппио, Эмилия-Романья — 28 април 1945, Джулино-ди-Медзегра, Медзегра, Ломбардия) — итал журналист, публицист, пачалихъияв хъулухъчи ва сиясатчи, жинца Ниционалияб Фашист Партиялъе кьучӀги лъурав, гьелъие бетӀерлъиги гьабулев вукӀарав. Гьев вукӀана Италиялъул премьер-министерлъун 1922 соналъу Румалде маршалдаса байбихьун 1943 соналъ жив тӀасарехизегӀан, ва итал фашизмалъул Дучелъун 1919 соналъ Къеркьеялъул итал цолъи гӀуцӀиялдаса итал партизаназ 1945 соналъ жив чӀвазегӀан. Империялъул ТӀоцевесев маршал (30 март 1938). Италиялъул диктаторлъун ва фашизмалъул бетӀерав кьучӀлъуравлъун вукӀаго, Муссолиница ракӀбазабулаан ва квербакъулаан фашистиял хӀаракатазе халкъаздагьоркьосеб тӀибитӀи щвеялъе рагъда-гьоркьосеб периодалда.
Байбихьудаса Муссолини вукӀана социалист сиясатчилъун ва Avanti! казияталъул журналистлъун. 1912 соналъ гьев лӀугьана Итал Социалистияб Партиялъул (PSI) националияб директораталъул гъорлӀчилъун, амма гьев PSI-ялда гьоркьоса вахъана ТӀоцебесеб дунялалъулаб рагъулӀ рагъулаб интервенциялъул пропаганда гьабиялъ, партиялъ ккун букӀараб нейтралитеталъул позициялде данде кколеб букӀинчӀеб. Муссолиница кьучӀ лъуна цӀияб журналалъе, Il Popolo d'Italia, ва рагъул заманалда вукӀана Къиралияб итал армиялда хъулухъ гьабулев 1917 соналъ ругъунги щун демобилизинавизегӀан. Муссолиница PSI-ялъе квешаб къимат кьуна, ва гьелдаса гьесус бербалагьиял руссарал рукӀана социализмалде гурел, итал национализмалда, хадуб гьес кьучӀ лъуна фашистияб хӀаракаталъе, жиб эгалитаризмалде ва классазулаб конфликталде данде чӀараб, гьезул бакӀалда рахъ ккуна классазулаб мухъалдаса къватӀибе араб революционарияб национализмалъул. 1922 соналъул октобералда, Румалде маршалдаса (28–29 октобер) хадув, Виктор Эммануэл III къиралас тӀамуна Муссолини премьер-министерлъун, гьеб заманалде хъулухъалда рукӀаразда гьоркьов бищун гӀолохъанавлъун лӀугьан гьев. Жиндирго балъгояб полициялдалъун ва хӀалтӀунчагӀазул данде чӀей къануналде данде кколареблъун лъазабиялдалъун кинабниги сиясияб оппозиция тӀагӀинабун хадуб, Муссолиница ва гьесул хадурчагӀаз жидерго кодоб хӀакимлъи консолидатинабуна, пачалихъ цопартияб диктаторлъиялде сверизабураб чанго къанунги бахъун. Щуго соналда жаниб, я легалиялги, я иллегалиялги къагӀидабиги хӀалтӀизарун, Муссолиница гӀуцӀана диктатура ва гӀамал лъуна тоталитарияб пачалихъ гӀуцӀиялде.
1924–1939 соназда Муссолинил хӀукуматалъул жанисел бергьенлъабазда гьоркьор рукӀана жамгӀиял хӀалтӀабазул программалъул бергьенлъияб реализация, гьединго Понтин хьуцӀал ракъвазари, жанубияб итал мафиялъул ликвидация, халкъ хӀалтӀуде буссиналъул дараж борхи, жамгӀияб транспорталъул ситемаялъул модернизация. 1929 соналъ Муссолиница рагӀалде бахъинабуна Румалъул суал, Мукъадасаб Тахгун Латеранияб къотӀи гъулбасун, жиндалъун Ватикан шагьар гӀуцӀараб.
Муссолинил къватӀисеб сиясат буссараб букӀана Румалъул империялъул некӀсияб зорбалъи цӀигьабизе Италиялъул колониял ракьалги фашизмалъул асаралъул сфераги гӀатӀид гьабиялдалъун. 1920 соназ гьес амру кьуна Либиялъул пацификация гьабиялъе, кьуна лъазаби Корфуялде бомба базе Грециялъулгун ккараб инцидент сабаблъун, лъазабуна Албаниялда тӀад протекторат, Италиялъул пачалихъалде гъорлӀе бачана Фиуме шагьар Югославиялъулгун къотIи гьабиялдалъун. 1936 соналъ, кӀиабилеб италгин хӀабаш рагъалдаса хадуб, ХӀабашистан бахъана во цолъизабуна Итал Бакъбаккул Африкаялде (AOI) Эритреягун ва Сумалиягун цадахъ. 1939 соналъ италиялъул яргъидгӀуцӀарал къуватал аннексинабун Албания. 1936 ва 1939 соназда гьоркьоб Муссолиница бергьенлъиялда тӀобитӀана Испаниялде интервенция Франсиско Франкое кумек гьабиялъе Испан ватӀанчилъияб рагъул заманалда. Муссолинил Италиялъ байбихьудасаго жигар бахъулеб букӀана кӀиабилеб глобалияб рагъ багъариналдаса борчӀизе, Аншлюс биччангутӀизе Бреннер габурлъиялде аскар битӀун, Стрезалъул фронталдаги, Литтонил репорталдаги, Лозанналъул къотӀиялдаги, Ункъго къуватлъиялъул пакаталдаги, Мюнхеналъул къотӀи-къаялдаги гӀахьаллъи гьабун. Амма хадуб Италиял, Британиялдасса ва Парансиялдаса рикӀкӀалъул, гӀагарлъана Германиягун ва Япониягун. 1939 соналъул 1 септембералда Германия Полшаялде тӀадекӀанцӀана, гьелъул хӀасилалда Парансиялъ ва Цолъараб Къиралаталъ гьелда рагъ лъазабуна, КӀиабилеб дунялалъулаб рагъги багъарун.
1940 соналъул 10 юналда Муссолиница хӀукму гьабуна Оссалъул рахъалда рагъде лӀугьине. Байбихьудаса бергьенлъуда ин букӀаниги, хадусеб цанго фронталда Осс щущайги ва альянсчагӀазул Сицилиялде тӀадекӀанцӀиялъул рес букӀине бегьулеблъиги сабаблъана халкъалъ ва Фашист партиялъул гъорлӀчагӀаз Муссолинил рахъкквей тӀагӀиналъе. Гьелъул хӀасилалда, 1943 соналъул 25 юлалъул рогьалида Фашизмалъул кӀудияб мажлисалъ Муссолинида божунгутӀиялъул вотум гьабуна; хадуб, гьебго къоялъ, Виктор Эммануил III къиралас гьев хӀукуматалъул бетӀерасул хъулухъалдаса вахъана ва жанив тӀамуна, гьев хисун премьер-министерлъун Пьетро Бадольо вачана. АльянсчагӀигун рекъел хъваялъе къирал разилъун хадуса, 1943 соналъул 12 септембералда Муссолини хвассар гьавуна асирлъудаса Гран-Сассо рейдалъул заманалда герман десантчагӀаз ва Waffen-SS-алъ Отто-Гьаролд Морсил нухмалъиялда гъоркь. Гьитлерица, вукӀарав диктаторгун дандчӀваялдаса хадув, Муссолини тӀамуна Шималияб Италиялда чиядабараб режималъул — Итал Социалистияб Республикаялъул (итал. Repubblica Sociale Italiana, RSI) бетӀерлъуда. 1945 соналъул априлалда, тӀубанго гӀадин къеялдаса хадув, Муссолиница, цадахъ жидирго йокьулей Клара Петаччицаги, хӀалбихьана Швейцариялде лӀутизе, амма кӀиялго ккуна итал коммунист партизаназ ва 1945 соналъул 28 априлалда Комо хӀоралда гӀагарлъухъ гӀужие гъун чӀвана. Хадур Муссолинил ва гьесул йокьулелъул къаркъалаби росун рачӀана Миланалде, гьенир, хъулухъалъул станциялда бегӀерса рана, гьел хун рукӀин киназдаго бихьизе.
Муссолини гьавуна 1883 соналъул 29 юлалъ Довиа ди Предаппиоялда, Романьялда бугеб Форлиялъул провинциялъул гьитӀинабго шагьаралда. Хадуб, фашистияб периодалъ, Предаппиоялъул цӀар хисун букӀана "Дучел гьитӀиншагьар" абун, Форлиялде абулаан "Дучел шагьар" абун, ва пилигримал Предаппиоялдеги Форлиялдеги Муссолини гьавураб бакӀ бихьизе.
Бенито Муссолини эмен, Алессандро Муссолини, вукӀана маххукъебедлъун ва социалистлъун, гьесул эбел абуни, Роза (гьайидал Малтони), йикӀана цӀакъ божарай католикияй школмугӀалимлъун. Инсул букӀараб политикиял бербалагьиял гӀадахъ росун, Муссолиние цӀар кьуна Бенито, либералияв мексикан президент Бенито Хуаресил, гьесул гьоркьохъел цӀарал абуни, Андреа ва Амилкаре, кьуна итал социалистал Андреа Костал ва Амилкаре Чиприанил. Гьелъухъ эбелалъ гьев хъанчинавуна гьавураб мехалда. Бенито вукӀана жиндир эбел-инсул лъабго лъимералъул бищун куӀудияв. Гьесда хадусел вац-яц рукӀана Арналдо ва Эдвига.
Лъимерлъуда Муссолиница цо заман тӀобитӀана инсуе гьесул къебелъухъ кумек гьабулаго. Муссолинил цересел сиясиял бербалагьиял рукӀана къуватаб асаралъукь гьесул инсул, жинца идолъизарулел рукӀарал XIX гӀасруялъул гьуманистиял тенденциял рукӀарал итал националистал, Карло Пизакане, Джузеппе Маццини ва Джузеппе Гарибалди гӀадал. Гьесул инсул сиясияб дунялбихьиялъулӀ рекъарал рукӀана Карло Кафьеро ва Михаил Бакунин гӀадал анархистазул бербалагьиялги, Гарибалдил рагъулаб авторитаризмги, Маццинил национализмги. 1902 соналъ, Гарибалди хвеялдаса лъагӀсвериялде, Муссолиница гьабуна публикияб кӀалъай, жиндилӀ ремпуликаниял националистал реццарал.
«Диктаторал. КӀудиял церехъабазул балъголъаби» филмазул циклалда рехсолеб Бенитода 4 сон бараб мехалъго лъалеб букӀанин цӀалдезе, 5 соналда абуни чагъана хъвазе абун. Муссолинил хъизан цӀакъ бечедаб бетӀербахъиялда букӀинчӀониги, эбел-инсуда рес ккана кӀудияв васасул цӀалиялъухъ мухь кьезе, гьедин 1892 соналъ Бенито витӀана Салез ругьбаназ нухмаллъулеб Фаэнцаялъул килисаялъулаб школа-интернаталде. Школалда гӀумру букӀана батӀи-батӀиял асасаз ва малъа-хъваяз къварараб регламент гьабулеб. Нечарав вукӀаниги, жиндир чӀухӀиги согӀаб гӀамалги сабаблъун Муссолини гӀемер конфликтунаан мугӀалимзабигун ва цогидал пансионералгун. Школалда цӀалул тӀоцебесеб соналъго, дагӀба-рагӀи ккедал, Муссолиница жиндасаго кӀудияв цӀалдохъанасда нус чӀвана, гьелъ цӀакъ кьварараб гӀадлуги щвана гьесие. Эбелалъул магӀуялъги, Форлиялъул пускъупус гъорлӀ чӀваялъги, директорасул Муссолини школалдаса нахъереххизе букӀараб хӀукму хисана. 1895 соналъ согӀаб, лъихъго гӀенеккулареб гӀамал сабаблъун, Муссолини вачине ккана цогидаб, Форлимпополиб бугеб, динияб-гуреб школалде. Гьениве цӀализе ун хадуб Муссолиние щвезе байбихьана лъикӀал къиматал. Гьеб мехаллъго вукӀинисев дучеца гӀамал гьабулаан гьалмагъзабазе манипуляция гьабизе, гьев вукӀана гӀемер рагӀи-кьалде кколев, жиндиего гьабураб квешлъи кӀочонарев, къварараб гӀамал-хасияталъул, вахӀшияв васлъуне. Муссолиница босана инсул гӀамал-хасият. 1900 соналдаса Муссолиница жигаралда интерес гьабизе байбихьана политикаялъул, лӀугьана социалистияб партиялде, гьес хъвалаан макъалаби Форлиялда ва Равеннаялда рукӀарал социалистиял казиятазе.
Кьварараб гӀамал-хасият букӀаниги, мугӀалимзабаца гьесие лъикӀаб къимат кьолаан; 1901 соналъ, гимназия лӀугӀидал, гьесие щвана байбихьул школабазул мугӀалимасул квалификация ва диплом, ва гьев хӀалтӀизе лӀугьана Пьвео-Салечего росулӀе (Гуалтьери муниципалитет). Гьенив гьев кватӀичӀого вахъана социалистазула бетӀерлъун ва бакӀалъул хӀалтӀухъабазул комитеталъул гъорлӀчилъун..
{{cite web}}
: Check date values in: |access-date=
and |archive-date=
(квеки)
{{cite web}}
: Check date values in: |access-date=
and |archive-date=
(квеки)
{{cite web}}
: Check date values in: |access-date=
and |archive-date=
(квеки)
{{cite book}}
: Check date values in: |access-date=
and |archive-date=
(квеки)
{{cite web}}
: Check date values in: |access-date=
, |date=
, and |archive-date=
(квеки)
<ref>
; мурад баян гьабун хъвалеб ReferenceB
-лъе текст бихьизабун гьечІо<ref>
; мурад баян гьабун хъвалеб Living History 22
-лъе текст бихьизабун гьечІо<ref>
; мурад баян гьабун хъвалеб Grolier encyclopedia2
-лъе текст бихьизабун гьечІо{{cite magazine}}
: Check date values in: |access-date=
, |date=
, and |archive-date=
(квеки){{cite magazine}}
: Check date values in: |access-date=
, |date=
, and |archive-date=
(квеки)Халип:Italian Minister of Foreign Affairs Халип:Mussolini Cabinet